Сивухъ: 400 цIаракиялъул 60 буго магIарухъ

0

Поделиться

10 Ноя 2018 г.

КIудияб тарихалъул магIарул росу чIунтулеб буго

Хунзахъ районалъул Сивухъ буго магIарул церегосел росабазул цояб. Росдае кьучI лъуралдаса ун буго гIага-шагарго 2000-гIан сон. Жакъа къоялде нилъехъе щварал баяналги хIужабиги бицинегIан гIемерал гьечIониги, гьеб тарихалдасанги бихьула ва бичIчIула жибго росдал тарихги гIезегIан бечедаб букIараблъи.

Гъоркьсивухъ ва Макьасда

Байбихьуда росу букIун буго гьанже Гъоркьсивухъ абулеб бакIалда. Советияб заманалда гьенир рукIана колхозалъул гIачиязул фермаги, гаражги, цоги-цоги рарал бакIалги. Гьеб росдал букIун буго насранияб дин. Банги буго росдаца 1400 сон. Цоцахъа давла бахъизе доб заманалда гьарулел рукIарал чабхъеназ гьоркьоса къотIичIого рахIатхвезабулеб букIун буго гIадамазул. Цо гьединаб рагъ ккараб мехалда, росу бухIун буго тIаде рачIарал чабхъадулаз. Гьеб мехалда гьел гIадамаз хIукму гьабун буго гьанже росу бугеб бакIалда, Щулалъул кьурда цебе цIияб росдае кьучI лъезе. ТIаде вачIунев тушманасдаса, чабхъадулаздаса цIунизе санагIатаб букIиналъ, тIаса бищун буго гьеб бакI.

Гьеб росдае тIоцебе кьучI лъун буго кьурда цебе Иманил ГIумар абурав чияс. Гьебги букIун буго насранияб тарихалъул 1410 сон. Гьедин хIисаб гьабидал, цIияб бакIалда Сивухъ росу базе байбихьаралдаса ун руго 600-ялдасаги цIикIкIарал сонал.

Гьебго заманалда ТIалул рагIалда цоги гьитIинабго росу букIун буго, Макьасдаян цIар бугеб. Сверухъ кьуру-хъитI, мегIер гьечIеб бакIалда ругел гIадамазеги захIмат букIун буго къватIисан рачIунел чабхъадулаздаса жалго цIунизеги гIумру гьабизеги. Гьеб росдал гIадамалги рачIун руго сахъадерихъе гьарун, жалги риччайин нужеда гъорлъе цIияб бакIалдеян. Гьедин макьасдиселги жидерго ракь-мулкгун рачIуна сахъадерида гъорлъе.

Сахъадеридасан лъугьун буго Лаваша мухъалъул Чуни росу

Гьелде щвезегIан гIемерго цебе, 1300 соналдаго, доб гъоркьехун бугеб росулъа лъабго гIолохъанчи витIун вуго гьанжесеб Лаваша районалъул ракьалде чуял хьихьизе. Гьел гIолохъабаз чуял чIолеб бакIалда бан буго жалго жанир рукIине гьитIинабго рукъ. Гьезул щивас жиде-жидее рукъзалги ран, гьеб бакIалда Сивухъилан цIар лъун буго. Дагь-дагьккун гьенире гIумру гьабизе рачIун руго цоги-цоги гIадамалги. ГIун буго гьениб росу. Гьелда цIарги лъун буго Чунибилан. Абула гьеб чу абураб рагIудасан бачIараб бугилан. Ахирал соназда чунисезулги сахъадерилги цоцазде тIаде-гъоркье щолеб лъикIаб гьуинлъи-бухьен лъугьун буго. Росдал къо тIобитIулелъулги чунисезул гIезегIанго гIолохъаби рачIун рукIана Сивухъе нижерги гьезулги гIахьалаб дандеруссин берцин гьабизе.

Лолихъ магIарда эхетараб сиги гьениб цIа балел хъаравулзабиги

Росдае Сивухъ абураб цIар бачIун буго, росдада гIагарлъухъ бугеб Лолихъ абураб мегIералъул бетIералда хъаравулзаби рукIунеб хъощда аскIоб бараб сиялдасан. Цере хъачагъаз хъамун унел рукIун руго гIиял рехъабиги боцIул рехьедги. Гьел цIунизеги, росдае хIинкъи бугони, лъазабизеги толел рукIун руго гьенир хъаравулзаби. Гьенисан, хъатиниб лъураб гIадин, бихьула сверухъ бугеб гIемераб бакI. Гьеб бакIалда цIаги бакун, лъазабулеб букIун буго росдае къватIисан хIинкъи букIиналъул хIакъалъулъ.

Цебеги гьанжеги батIалъи гьечIо, сахъадерил руго кIудияб мегIер-гIалах, рохьал. Балагьараб мехалъ, гьаб росу бижун буго сверухъ ругел цогидал росабаздаса цебе.

Сахъадерица цIибилги гIезабулеб букIун буго…

Инкъилаб ккун хадуб пачалихъалъ сахъадерил ракьал кьун руго ракь дагьал росабазе. Гьедин, Макьасалъул кIудияб бакI кьун буго Гостфондалъе, ОцомегIер — шатадерие, ХьундамегIер – лъегIелдерие, ЦIаригIалах – херехьдерие. Хурзал, ахал, мучIдул, харибакIал, рохьал данде росун, гьабсагIат сахъадерил буго 1300 гектар ракьул. 200 гектар буго накIкIил, махил, гьадил, бигьародул сахал рохьазул. Иццал, лъарал гIемерал, хер керчал, гIи-боцIи хьихьизе санагIатал, гIатIидал мугIрулги руго сахъадерил. Картошкадул, хIалухъадул, гьалил лъикIаб бачIин щолел хурзалги рукIана росдал. ЛъагIилухъ росдада гIагарлъухъ бугеб ЧIидатIа абулеб бакIалда руго пихъил ахал. Умумузул заманалда цIибилгицин барщулаанин гьенибилан бицен буго. МегIер-гIалах, ах-хур гьарзаго букIиналъ, лъикIаб ресалдаги рукIун руго сахъал. Сверухъ ругел росабалъаги щиб хIажалъаниги рачIунел рукIун руго босизеги хисизеги гIадамал Сивухъе. ГьабсагIатги сахъадерил мугIруздаса бачун буго ЛъагIилухъ, Харахьи, Мущули, Гьамущи, ГIоротIа росабалъе лъим.

Базар-нухги, буртабиги, хьиталги…

Цебе заманалда хIамузда жидерго бича-хисизе жоги босун, Хунзахъ базаралде хьиндалалги, Харахьи базаралде тIадмагIарулалги Сивухъан унел рукIун руго. Гьениб сордоги балеб букIун буго. Гьедин росдаеги гьалбадериеги пайдаяб даран-базарги лъугьунеб букIун буго кIияздаго гьоркьоб. Сахъадерил батIи-батIиял кверзул махщелал ругел гIадамалги гIемерал рукIун руго. РукIана гьел дида лъалеб заманалдаги. Росулъ букIана буртаби гьарулеб артель. Гьединго, Хундерил тIалъиялда гуребги, цоги бакIаздаги доб заманалда машгьурал рукIана ретIине квегIенал, хинал сахъадерил буртинадул хьитал. Гьезул хIакъалъулъ ракIалде щвезабулеб буго цIар рагIарав артист МахIмуд ГIабдулхаликъовас «Дир театр» абураб жиндирго тIехьалдаги.

Мадраса, мутагIилзаби, дибирзаби

Диналъул рахъалъги сверухълъиялдаго цебетIураб, гIалимзаби гIемераб бакI букIиналъ, гIалимзабазул ватIанилан абулеб букIун буго Сивухъ росдаде. БукIун буго Сивухъ цоги- цоги бакIаздасаги цIализе лъималги рачIунеб кIудияб мадрасаги. Абула гьенив цо заманалда ЦIадаса ХIамзатги цIалулев вукIанилан.

Сивухъа батIи-батIияб заманалда вахъун вуго 60 динияв гIалимчи. Цоги-цоги росабалъ цого заманалда 26 дибир вукIун вуго Сивухъа. Сивухъ росулъа гIараб гIелму лъикIго лъалел гIалимзаби рукIун руго гIарабиязул улкабаздаги. Дамаск шагьаралда Абу-Нур университеталда дарсал кьолев вукIана МухIамаднур Сивухъи абулев гIалимчи. 2000 соналда хвана гьев. Сивухъ вукIун вуго Гъоргъочол МухIамад абулев кIудияв шайих. Гьесул букIараб рукъалъул къадалги аскIобго кидаго къунареб цIорораб лъадал иццги гьабсагIатги руго гьенир. Гьев хун вуго 1764 соналда. Гьесул хобги буго хьиндаллъиялъул росабалъе гIемераб автотранспорт хьвадулеб шагьранухлул рагIалда, ЦIалкIитIа росдада цебе. АскIобго буго гьесул яцалъул хобги. Шайихас абулеб букIун буго гьеб бакIалда нахъзаманалда гIемерав чи тIаде вачIунеб зиярат букIине бугилан.

БагIараб армиялда данде рагъи ва 62 чIвай

Октябралъул революциялдаса хадуб, цогидал бакIазулго гIадин, сахъадерилги гIалимзаби, Сибиралде ритIунги чIванги, лъугIизарун руго.

1921 соналъул марталда БагIараб армиялъул аскаразда дандечIей гьабула сахъадерил жамагIаталъ. КIудияб къуваталде къеркьезе бажаричIого, росу цIунарал нахъе къала. Гьел къоязда Сивухъ росулъ чIван руго гIалимзаби, хараби, руччаби – кинавниги 62 чи. ГIи- боцIи хъвехъун, тIощел ва цогидабги хъамал гьабун, мажгиталда ва цоги бакIазда бата-батараб гьабун, кIудияб балагь гьабун буго росдае гьел аскарияз. Доб пасалъи бихьарав ГIалил ТIагьир абулевчияс гьелъул хIакъалъулъ гьабурабин абулеб кечI байбихьулеб буго гьадинал мухъаздасан:

Къуръаби тIу-тIун ран, тIамчал рихъ-рихъун,
Хъубабщиналъуре щущахь ран руго.

ГьабсагIаталда росдал кIиялго хабзалалъ лъабкъоялда анцIгогIанасеб хIужраялъул сурат цIунун хутIун буго гIалимзабазул хобазда тIад.

ВатIанияб рагъ ва загIипазде бегараб хIалтIи

Лъеберабилел соназда, киса-кибего гIадин, Сивухъги гIуцIана колхоз. Гьелъул тIоцевесев председательлъун вукIун вуго ГIамирмухIамадов Хочбар абулев чи. Бищунго захIматал КIудияб ВатIанияб рагъул соназда колхозалъе нухмалъи гьабуна ГIабдулаев МухIамадица. Рагъде бихьиналги ун, цоги бакIаздаго гIадин, ах-хуралъул хIалтIиги, гIи-боцIул тIалаб-агъазги тIаде ккана харабаздеги, руччабаздеги, лъималаздеги. Гьел хIалтIабаздаго цадахъ руччабаз гьарулаан буртинадул хьиталги хIалтIулаан буртаби гьарулеб артелалдаги. Цогияб къайи-цIаго гIадин, фронталъе кумекалъе сахъадерил жамагIаталъ лъеберазарго гъурущги битIана. Гьелъулъ сахъадерие баркала кьураб И. Сталинил кагъатги букIана бачIун.

Гитлерилаб фашизмаялдаса ВатIан цIунизе Сивухъа 96 гIолохъанчи ана. Гьезул 51 чияс даималъего берал къанщана рагъул байданалда.

ЦIалиги, хIалтIиги, хIаракатчагIиги

ВатIанияб рагъда цересел соназда рагьана росулъ ункъосонилаб школа. 1946 соналда гьеб сверизабуна анкьгосонилаб школалде. Школалъул тIоцевесев директорлъун вукIана МухIамадов Рашидудин.

Гьелдаса хадуб, гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, Дагъистаналъул, Москваялъул, Ленинградалъул ва цогидалги шагьаразул тIадегIанал цIалул бакIазда лъикIаб лъайги босун, рахъана учительзабиги тохтурзабиги, инженералги, росдал магIишаталъул махщелчагIиги. Гьел хIалтIана росулъги районалдаги гурелги, цоги-цоги бакIаздаги ва жидерго мустахIикъаб бакI ккуна ва кколебги буго халкъалъул гIумруялда. Философиял гIелмабазул доктор вукIана Сивухъа МухIамадов Дибир. БатIи-батIиял гIелмабазул кандидаталлъун рахъана МухIамадов Рашидудин, ТIагьиров Насрула, НурмухIамадов Шамил ва гь.ц.

МухIамадов Дибир вукIана партиялъул обкомалъул секретарьлъунги, Дагъистаналъул культураялъул министерлъунги, гIумруялъул ахирал соназда Шамилил фондалъул председательлъунги. ТIагьиров МухIамад вукIана республикаялъул печаталъул жавабиял хIалтIабазда. Полковник НурмухIамадов ГIабдула вукIана республикаялъул рагъулаб комиссариаталда жавабияб хъулухъалда ва магIарул чанго районалда рагъулав комиссарлъун. Жеги кIикъойилъе сонал рахинелдего полковникасул чин щун букIана Ленинградалъул рагъулаб округалда вукIаго МухIамадов КъурбангIалие ( советияб заманалда гьеб даражаялде гьеб ригьалда къанагIатавги чи вахунароан). Хадуб ДГУялъул рагъулаб кафедраялда хIалтIулеб мехалъ, гIужилав снайпер хIисабалда МахIачхъалаялда кIудияб мажгит балеб заманалда гьесде божилъи гьабун буго къилба битIун бихьизабизе. Сивухъа Будунов МухIамад вукIана Владимиралъул тракторал гьарулеб заводалъул бетIерав инженерлъун. Полковникал ХIайдарбегов ХIайдарбегги ХIайдаров ХIажиги хIалтIулел руго Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялда.

ЧIунтулеб буго росу…

Гьанже кинабго хисараб, лъезе цIар лъалареб заман бачIараб мехалъ, тIаде гIолел гIелазул гIемерисел унел руго гIатIиракьалде. ГIадамазул къадаралъ районалда гьоркьохъеб ро- сулъун букIараб Сивухъ гьанже хутIун буго лъабкъого цIараки. МахIачхъалаялдаги, цоги шагьараздаги, ГIараниги, хъутаналдаги – гIаммаб куцалда сахъадерил буго ункънусго цIараки. ЧIунтулел руго умумуз кIудияб захIматги тIад инабун хIалтIизарурал хурзал, гIи-боцIиги дагьлъун, чIороголъулел руго мугIрул. Гьелъ хасго ракIунтизабула нижер – харабазул. Росулъ хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъги, гIи-боцIи хьихьун, гьелъ кьолеб хайир гьечIолъиялъги унеб буго жидеего магIишат гьабизе санагIатаб бакIалде тIаде гIолеб гIел.

ивухъ росдал тарих гIезегIан бечедаб буго. Гьелъул бицун хасаб тIехь хъвазе цебего заман щун буго. Гьединал тIахьал магIарул цоги цоги росабазул гIемер руго. Дица гьанир рехсон толел руго кIвар бугел гIадал цо-цо хIужаби.

, раздел: Статьи

Автор: ГIабдулпатахIил КъурбангIали / Источник: "Миллат"
0

Поделиться

10 Ноя 2018 г.

Комментарии к статье

Комментариев пока нет, будьте первыми..

Войти с помощью: 
Чтобы ответить, вам необходимо
Авторизация
*
*
Войти с помощью: 
Регистрация
*
*
*
Пароль не введен
*
Войти с помощью: 
Генерация пароля